Зодиб бугеб цIва рикIкIун цIоб рещтIаги, я Аллагь,
ЦIар берцинав ТIагьаде, тIолго хIаваижазде!
Дуниял цIураб боцIул цIоко-тIомалда бугеб
ТIолго расгIан гIемераб салатги лъе, я Рабби!
▶
Ралъдалъе ччугIби рикIкIун, ччугIбузда куркьбал рикIкIун,
Кинабго сасу рикIкIун саламги лъе, я РахIман!
Рохьоб бугеб гъветI рикIкIун, гъотIода тIамах рикIкIун,
ТIад бижараб пихъ рикIкIун рештIаги тIаде рахIмат!
▶
МугIрул цIураб гIи рикIкIун, гIуру цIураб хер рикIкIун,
Харида кьибил рикIкIун рештIаги тIаде баркат!
Их бачIиндал цIцIадалгIан, цIорой ккедал гIаздалгIан
ГIадад хIасру лъалареб хIасуллъаги даража!
▶
Боржун унеб хIинчI рикIкIун, хIанчIида куркьбал рикIкIун,
Куркьбазда хIули рикIкIун, хIулиялда рас рикIкIун,
Ракьалда бижанщинаб боржун унеб рухI рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
Анкьалго зобал цIурал малаикзаби рикIкIун,
Малайкзабаз гьабулеб даимаб тасбихI рикIкIун,
ТасбихIазул хирияб — субхIаналлагьги рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
Алжан рикIкIун, цIар рикIкIун, цIер гIадин тIагIам рикIкIун,
ТIуба абураб гъотIол тIолго гIаркьел-кар рикIкIун,
Рахьдал, жадул гIор рикIкIун, гIурул къатIраби рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
ХIурулгIинал данде къан, буракъал гъорлъе рачун,
Гъоз рарал санабазул сардалгин къоял рикIкIун,
Къоял сардазда жанир сагIтал-минутал рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
Халкъалда дин малъарал Дур илчизаби рикIкIун,
Эзда тIадкъай гьабураб тIолго Дур Калам рикIкIун,
Кинабго данде къараб Къуръаналъул хIарф рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
ХIарфалда хIарак рикIкIун, хIаракул магIна рикIкIун,
МагIна хъвараб тIехь рикIкIун, тIехьалда рагIи рикIкIун,
ТIахьал данде гьарурал гьал гIуламаал рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
ГIуламааз ахIараб, Аллагь, Дурго цIар рикIкIун,
КIалдиса рухI инегIан эз цIараб хIухьел рикIкIун,
ХIетI лъураб балдат рикIкIун, бахъараб гали рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶
Доз хъварал тIахьал цIалун тIокIлъарав гIалим рикIкIун,
ГIалимас тIовитIарав тIолго жагьилав рикIкIун,
Гьел киназего хъварал Дур даражаби рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
▶